Архив номеров  »  Выпуск № 33 (141-144) (17876-17880) | 12 Августа 2010

Выпуск № 33 (141-144) (17876-17880) | 12 Августа 2010

Къакъашураялъулаз гьарулеб буго… Общество авторы: Асият

9 августалда МахIачхъалаялда Ленинил цIаралда бугеб майданалде ракIарун рукIана кIинусгогIанасев чи. Гъарабудагъкент районалъул Къакъашура росулъа рачIарал гIадамал митингалде рахъиналъе гIиллалъун ккана дагьал къояз цебе Гъарабу- дагъкент районалъул милициялъулаз лъабго гIолилав отделениялде вачин.

Гьанже ирга журналистасде щвана… Общество авторы: Дациев МухIамадрасул

Лъабабилеб августалда МахIачхъалаялда ГIахъущиясул къотIноб бугеб минаялда цебе бухIана Lexus RX 330 автомашина. Гьелъул бетIергьан ккола магIарулазул машгьурав журналист МухIамад БисавгIалиев. Гьев ккола «ЛъаратIа» газеталъул редакторги, районалъул собраниялъул депутатги.

Аллагь гъапулго гьечIо Общество авторы: Изудинов ХIамзат

Болъихъ районалдаса гурелги, республикаялъул цоги-цоги бакIаздасаги гIадамал ракIарана митингалде. Щуабилеб августалъул сагIат 11 тIубараб гIужалде Болъихъ росдал майданалде данделъана азаргогIан чи.

Росдал сухъмахъ Рималъул шагьраялде сверана Интервью авторы:

Нилъго гIураб росу тун къватIире индал, шагьаралъ «щулаго къвалги бан» хутIула гIемерисел. Лъималазда умумузул ракьги, росуги, хабзалги рихьизаризецин заман батуларелги камуларо. Италиялда вугониги магIарулгун осетиязул, италиязул би жубарав васасул васасда жив магIарулав кколевлъиги бичIчIизабун бажарарав, кигIан рикIкIад вукIаниги рекIелъ Дагъистанги бугев, макьилъцин магIарул мацIалъги кIалъалев, кигIан сахлъиялъул рахъалъ захIмат букIаниги рес ккарабго Дагъистаналдеги росулъеги щвезе вачIунев ракьцоявги вуго нилъер. Гьев ккола Рималъул SAPIENZA университеталъул профессор, медицинаялъул гIемабазул доктор, ЛъаратIа районалъул Хадиял росулъа Жалалудин СагIидбегов. Италиялде тIадвуссун инелде «ХIакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ вачIун вукIарав профессорасулгун гара-чIвари гьабуна нижецаги.

Жакъа нилъедего регIичIони, метер кIочонго тела Культура авторы:

Жакъа нилъедего регIичIони, метер кIочонго тела. ГIемер чIамуни сакъисги бутIунила, гIемер бицани хабарги чIалгIунилан абураб кици буго умумузул. КигIан чIалгIаниги бицинчIогоги гIолареб, кигIан бицаниги батIияб хисиги кколареб суал буго рахьдал мацI цIуниялдаги, нилъерго миллияб хаслъи, маданият, адабият цIуниялдаги хурхараб. ТIаде балагьун ракIунтиледухъ бугеб гьеб киналдаго сверухъ цо багъа-бачари, кинаб бугониги хIалтIи гьабулеб букIин бихьани, магIарулалги магIаруллъиги тIагIинарин абураб хьул бижула рекIелъ.

Нухги, лъимги...болъоналги Экономика авторы: Къебедов МухIамад

Гьайгьай, ахираб заманалда батIи-батIиял миллиял проектазул кколеб хIасил магIарухъ бихьизе халкъалъеги бокьун буго. Амма пайда щиб, гIемерисел бакIаздаго гIадин Къудукьги кколел хиса-басиял цIакъго мукъсанал гурони гьечIо. Гьелъги батила, росдал бегавул МухIамад ГIумаров бачIинахъего лъугьана живго нухмалъиялде вачIаралдаса гьенир гьарурал хIалтIаби рихьизаризе. Масала, хабалазулъ бан буго хIажалъи ккараб къоялъ гIадамал жанире руссине бакI. Дагьаб цебегIан хIалтIизе кьун буго лъикIаб спортзал. Мажгиталда аскIоб бан рагIалде бахъун буго хIамам. Ниж гьенире щвараб къоялъги росдал годекIан гIатIид гьабун къачIаялъул хIалтIаби гьарулел рукIана. Бищунго гIадамал разияб жо бугилан абизе бегьила некIсияб росдал къватIахъ хасало цIерчIвалареб къагIидаялъ гьарурал канализацияби.

Рукъалъул иш бихьинчиясда бараб буго Образование авторы: Султанбегова Шамсият

Ниж жанире лъугьараб мехалъ гIанкIудул тIанчIи гIадин стол сверун лъималги ругоан, гьезие хабар бицуней ПатIиматги йигоан. Журналистал рачIанин абидал лъимал дагьалго нечон лъугьана, камера къватIибе бахъигун гьел жеги намуслъана. Амма ПатIиматил цо-кIиго рагIиялъ лъималазул ракIал гIодоре риччазаруна, гьел гьаругьин жидецаго гьабулеб ишалде машгъуллъана. Гьезул бугоан хIасилал гьарулеб къо. Цояз цереги рахъун кучIдул рикIкIана, цогидаз маргьаби рицана, бицанкIаби чIвана…

Миллияб ратIлил фестиваль Культура авторы:

ГIагараб ракьалъул гIадатал цIуниялъул мурадалда зама-заманалдасан ни- лъер республикаялда тIоритIула халкъияб тематикаялда хурхарал къецалгун фестивалал.

Волейболги хIана, кечIги ахIана Политика авторы:

Гьал къоязда ЦIумада районалда тIобитIана спортивияб байрам. Щибаб соналъ байрам тIобитIизе районалде вачIуна Сахалин областалъул спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул политикаялъул агентствоялъул нухмалъулев, Агъвали росулъа МухIамад МухIамадов. Районалда гьеб байрамалъе кьучI лъурав чиги МухIамад ккола.

ГIалимзаби Хунзахъ данделъана Общество авторы:

7 августалда Хунзахъ тIобитIана Дагъистаналъул гIалимзабазул иргадулаб мажлис. ГIезегIанго чи вачIун вукIана сверухъ ругел росабалъа гьеб баракатаб данделъиялде.

Бесдаллъи нилъер ищ гурин тезе бегьуларо Общество авторы:

Унта-щокълъи сах гьабизе кIола, кIвар бугеб суалалъе битIараб жаваб балагьизе бажарула, амма эбел-инсул кверзул хIеренлъиги, гьурмадул гьимиги сунцаго хисуларо.

ЯхIалъе чучичIев, чилъи бичичIев Юбилеи авторы:

Гьедин хъвана гIолохъанав поэт Гунащил МухIамадица, поэзиялъул рагIа-ракьан гьечIеб океаналда жаниве лъугьунаго. Гьеб гьаялъе МухIамад хилиплъизеги хилиплъичIо гIумруялъул нахъа тарал соназ. Гьал къоязда тIубана Гунащевасул гIумруялъул 75 сон.

САБРУ букIинчIебани букIинароан дунял Общество авторы:

Жакъа Дагъистаналда дагьал гьечIо, къватIире хIалтIизе арал россабаз гьенир лъудбиги рачун рехун тарал руччаби. Цо-цоязда гьеб хIехьезе кIоларо, лъималги рачун эбел-инсухъе тIадруссуна. Амма руго руччаби ккараб къо хIехьезе кIолел, яхIалъул рачел къарал. Гьеле гьединазул цояй ккола Хадижатги.

Щивас квербакъичIони бацIцIалъуларо шагьар Общество авторы: МухIамадов ГIали

МахIачхъалаялъул администрациялъ август моцIалда лъазабураб «БацIцIадаб шагьар» абураб тадбир тIобитIиялде нилъ гIемерго кватIана ва кватIун кантIана. Щайгурелъул, сверухълъиялдаги тIабигIаталдаги бараб букIунелъулха инсанасул сахлъиги рекIел хIалги. КъватIахъ, ахакь, нухазда батулеб кьищниялъги чороклъиялъги республикаялъул тахшагьаралъул къиматги цIакъго гIодобе ккезабулеб букIана.

ГъалатI сабаблъун гьабураб анлъго операция Здравоохранение авторы: ГьитIинова Раисат

ГIисахIажи Унсоколо райбольницаялде ккана февраль моцIалда. Гьесул кванирукъалда лъугьараб ругънадаса чвахулеб букIана би. Гьеб чIезабиялъе гьабизе кколеб букIана операция. Операция гьабуна, амма ГIисахIажие кинго мадар лъугьунеб букIинчIо. Тохтурзабаз зама-заманалдасан дару-сабаб гьабун гIодобе биччазабулеб букIана гьесул унти.

Эстафетаялъулаб рекери Спорт авторы: Хазамов ГIабдула

24 апрелалда байбихьана «ТIолгодунялалъулаб гармониялъулаб рекери – 2010» абураб дунялалда тIад бищунго халатаблъун кколеб рекериялъул эстафета. Гьениб, инсаният талихIаб, цоцазда ричIчIулеб гIумруялъул гIаламат хIисабалда тIилида бакараб цIа (факел) кьола хадусезухъе. Гьединаб рекери тIоцебесеб нухалъ тIобитIун букIана 1987 соналда ва гьелдаса нахъе тIобитIулеб буго Америкаялда, Европаялда, Азиялда, Австралиялда ва Африкаялда.

Дагъистанияз «Локобол» мукIур гьабуна Спорт авторы: Хазамов ГIабдула

№2 РСДЮШОРалдаса МахIачхъалаялъул «Локомотив» командаялъ тIоцебесеб бакI ккуна лъималазул командабазда гьоркьоб тIобитIараб «Локобол – 2010 – РЖД» абураб халкъазда гьоркьосеб футболалъул турниралда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса ва гIагараб зарубежьеялдаса 1999 соналда гьарурал футболистазул 20 командаялъ.

Сочиялъул Олимпиада хираго чIезе бегьула Спорт авторы: Хазамов ГIабдула

Россиялъул президент Дмитрий Медведевас рикIкIунеб буго цIакъго багIариялда бан 2014 соналда тIобитIизе бугеб хасалил Олимпиадаялъе унел харжал хIисабалде босаралдаса цIикIкIине бегьулилан. Президентасул хьул буго «Россия - спортивияб пачалихъ» абураб халкъазда гьоркьосеб форумалъул гIахьалчагIазул Москваялда бугеб багIариялъ божилъи хун батиларин хасалил Олимпиялъул хIаял тIоритIизе Россиялъухъа бажаризе букIиналда.

РЕКIЕЛ АХIИ Разное авторы:

 Дагъистаналда лъугьун бугеб хIапу-чапур ва гIадлу-низам гьечIолъи щиб! Щибаб къоялъ кколел руго кьвагьа-гIанхъиял, авариял. Тукаде, базаралде парахатго инецин хIинкъи буго! Гьеб кинабго бихьулел мискин-пакъирал гурищха лъимал! Гьеб кинабго бихьулей, рагIулей

free counters